Дин-гIелму камиллъиялъ кибго жиндир цIар араб,
Щумал гIадал бахIарзаз ХIабибасул нух ккураб,
Намусалъе-яхIалъе лъийго бергьенлъи течIеб,
Толеб буго Дагъистан диналъул наибзабаз.
Нахъ
руссин жидей гьечIеб, халатаб сапар бухьун,
Бесдаллъун авладал тун унел руго шейхзаби.
ШаригIатгун тIарикъат тIегьазабурал бакъал,
Къо банагIан дагьлъулел руго магIарулазулъ.
ГIелмуялде
халкъ цIарал, Халикъасе мутIигIал,
Мушридзаби Шамилил район тун унел руго.
АнцIила анкьго жавгьар жинда жаниб баккараб,
Баркат бугеб ракьалъе къо-лъикI гьабулеб буго.